Участник:Илья Драконов/Заглавная
From Wikipedia, the free encyclopedia
|
Жакъа тІаса бищараб макъала
Суракат — аваразул нуцал, жив, цо-цо баяназда рекъон, XI гІасруялда, цогидал баяназда, XII вукІарав. Нуцал Саратанил вас.
Бакихановасда рекъон, Абу Муслив вукІун вуго гьижрияб V гІасруялда, ай 1009 ва 1107 соназда гьоркьоб заман. Суракъат нуцалил заманалда гІуцІула тах ирсалъе кьеялъул тартиб, жинда рекъон Суракъатил ирсалъул варисзабазе гурони ихтияр букІинчІеб Аваристаналъул тахида рукІине.
Суракъатил рагІият букІана насранияб ва жугьутІ дин ккурал, хъанчие лагълъи гьабулел. Нуцал рикІкІунев вукІана цІакъ къуватав, рагІи билъарав бетІерлъун. Авар нуцаласе мутІигІал рукІана Шамахалдаса бахъараб Кабардаялде щвезегІан ругел киналниги халкъал, Тушетия ва чачанал. Императорасулаб географияб жамагІаталъул хъвай-хъвагІаялда рекъон, Суракъатица «ханлъи гьабулаан буго Шамахалдаса бахъараб Кабардаялъул гІорхъоде щвезеган ругел халкъазе, чачанал ва тушиял абуни рукІана гьесул рагІиятчагІилъун».
МухІамадшафигІ аш-Ширваниясда рекъон, Суракъатиц ханлъи гьабулаан «Авар улкаялда» бугеб «ТІанус» абураб шагьаралда, «ва гьеб — жиндир гучалдалъун Дагъистаналъул бищун къуватал шагьарабаздаса цояб…». Гьебго иццалъул информациялда рекъон, Сариралъул хазинаялде бачІунеб букІун буго магъало «Дагъистаналъул киналниги гІадамаз, Черкнссалъа бахъарб Шамах шагьаралде щвезегІан ругез» кьолеб. Гьеб Шамаха шагьар буго Ширваналда, гьанжесеб Азарбижаналде гъорлъе кколеб. Къажаразул XIX гІасруялъул гІалимчи ГІаббас-Кули-агъа Бакихановас хъвалеб буго «ТІануси шагьаралда, Аваристаналъул некІсияб тахшагьарлъун кколеб, вукІана гучав ва кьварарав амир, жинда Суракъайилан абулев. Гьев Суракъаца, Шамахалъул гІорхъодаса бахъараб черкессазул в чачаназул ракьалде щвезегІан ракьазда кверщел букІиндал, магъало бакІарулаан гІарцудалъун, боцІи-панзалдалъун, къайиялдалъун, чадидалъун, пихъаздалъун ва хІатта гІанкІудал ханаздалъун. Хадуб: «Аслияб магъало букІана: санайил щибаб хъизаналъ кьезе кколаан гІарцул лъабго диргьам яги гьелда бащадаб къимат меседалъул ва цо-цо бищун хІалтІизабулеб чадил роцен; щибав базарганасда тІад лъун букІана дарай ххамалъул кІиго жо ва кІиго кагътил; щибаб ахалдаса бакъвараб цІибилалъул цо-цо хъап. Гьеб гуребги, щибав чи чІварав чияс кьезее кколаан нусго чахъу, цІогьорс ва гьесда релълъарав такъсирчияс абуни — цо-цо оц. Щибаб росдаца, цияв нуцаласда баркулаго, кьолаан щуго царал цІоко — цо чІегІераб ва щуго тІогьилаб, ва щуго куй; нуцал хвараб мехалъ — цо чу, нуцаласул рокъоб щибаб бертадуе абуни — цо оц ва кІиго куй».
ГІарабаз Суракъат рикІунаан Исламалъул тушманлъун ва гьесде данде зенаб рагъ гьабулеб букІанаАваристан кверде бостзе абун. Хъвай-хъвагІабазда рехсон буго гьединго: «Аварал гьеб мехалъго рукІана, гьанжего гІадин мугІрулаб Дагъистаналда бищун тІоцебесеб, цебехъанлъи жиндихъ бугеб халкълъун, ва гьез гІарабазде бидулаб в халатаб данде чІей гьбуна». Суракъатилгун рагъ байбихьула шайх АхІмадица. Цо рагъулъ Суракъатил бо къола ва гье нахъекъала ТІанусиве. Шайх АхІмадица жиндирго муридзаби ГІабдуллагун ва Абу-Муслимгун Хунзахъ чІунтизабула, цо иццалда рехсохъе: «хвалие кьола гьесул рагъухъаби цадахъчагІигун, асир гьарула гьезул руччаби ва лъимал, талавур гьабула кинабго гьезул хазина, киналго гІдамазда босизабула Ислам...». Суракъат хъизангун цадахъ лъутизе ккола Тушетиялда ругел жиндирго ракьазде.
Абу-Мусли хведал, Хунзахъ шагьар цІидасан тІадбуссуна Суракъатил варисзабазухъе. Суракъатил тухум гІемерлъула ва нуцаллъи гьезул цроясухъа цогидасухъ ирсалъе кьолеб букІуна. Гьединлъидал киналго Хунзахъ нуцалзаби ккола Суракъатил наслуялъул чагІилъун. Кинабниги Дагъистан хутІула гьезул кверщаликь. Гьеб лъугьана Гьижралъул 645 соналъ.
Жаниса цІализе| ↪ жаниса цІализе ›››
Жакъа къойил лъикІаб макъала
Салман ибн ГIабдул-ГIазиз Ал СагІуд (гӀар. الأمير سلمان بن عبد العزيز آل سعود; гь. 31 декарбалъ 1935 соналъул, Ар-Рияд) — СагІудиязул ГІарабиялъул Къирал, кІиябго хІарамалъул хъулухъчи ва Ал СагІудазул наслоялъул бетIер. Ханасул ханбакIалде вачIана 2015 соналъул 23 январалъ жиндирго вац, хан ГIабдуллагь хун хадуб.
Салман — ккола СагӀудиязул ГӀарабиялъул тIоцевесев хан ГІабдул ГІазизи вас, гьев вукIана Фагьд ханасул бищун божарав гIакълочилъун. ХанбакIалде вачIишалда цебе гьев вукIана тущман нахъе чIвалеб министерлъун (2011—2015) ва Ар-Рияд провинциялъул амирлъун (1963—2011).
Гьавуна 1935 соналъул 31 декабралъ Ар-Риядалда, СагIудил хъизамалда 25-ев лъимерлъун, ХІасса бинт АхІмад Ал Судайрие. Байбихьул лъай гьесие щвана ибну СагIудица жиндирго лъималазе бан букІараб Ар-Риядалъул ханзабазул школалда. Салманица тІалаб гьабуна динияб ва дунявияб гІелмаби.
Салманил 18 сон букІараб мехалъ, гьесул эмен, хан ГIабдул ГIазизица, 1953 соналъул март моцІалда гьев вихьизавуна жиндирго вакиллъун ва Ар-Риядалъул амирлъун. ↪ жаниса цІализе ›››
Википедиялъул ракІалде щвезабиялдаса
Гьаб къоялъ — 12 Октябрь
Гьарурал
- 3 октябралъ (1979) — МухІамад ГІисахІажиев, россиялъул эркенаб стилалъул гугарухъан.
- 7 октябралъ (1952) — Владимир Путин, россиялъул пачалихъияв ва сиясатияв хӀалтӀухъа.
- 21 октябралъ (1937) — СагІид апанди ЧІикІаса, тIарикъаталъул устар.
- 29 октябралъ (1950) — ГІабдуллагь Гюл, турциялъул политик.
жеги...
Хварал
- 11 октябралъ (1986) — Жорж Дюмезил, францяилъул мифолог ва филолог-компаративист.
- 17 октябралъ (1832) — Имам ГъазимухӀамад
Цитата
- Воре, къваригIунареб рагIудасан нахъе цIай,
- РикIкIалъи тIалаб гьабе тIокIаб хабаралдаса.
- Гьелъ дур рекIел гIузраби къватIир загьир гьарула,
- Гьудуллъиялде ккараб тущманлъи цIи гьабула.
- Сахав чи гIалхуда чIа, гIадамазда вихьула,
- ГIадаллъи жиндилъ бугев, цеве чIа – вихьуларо.
- ГIалимчи гьаб халкъалъе, хвел гьечIев инсан вуго,
- Хабалъ мусру баниги, месед вукIанин толев.
- ГIагарлъи какуге кирго ратизе,
- Кванайги ретIелги жидерго бугел.
- КъваригIараб къоялъ аскIоре индал,
- Лъала эзул кумек кибго нилъее.
Щиб жо кколеб Википедия?
Википедия ккола - гІемерал мацІаздалъун, кІудияб энциклопедия данде бакІариялъул мурадалда биччараб проект. Жакъа къоялда жаниб Википедия буго 280-ялдаса цІикІкІун мацІалда. Цоги-цогиял энциклопедиязда данде ккун Википедиялъул тІокІлъи буго, щибав чиясда гьениб хиса-баси гьабун бажарулеб букІин. Авар Википедия биччана 2005 соналъ, гьелъул гІуна 10 сон. Амма гьедагІан халатаб заманалда жаниб, кутакалда дагьаб гурони баянал хъван гьечІо! РачІа нилъеца кІвараб куцалда, тІад чІун цебе бачинин нилъерго мацІалъул бутІа! Гьабе кумек, тІоцебесеб Авар Энциклопедия цебе ине!
Гьанжесел лъугьа-бахъинал
Рагъул конфликтал: Йемен (тІаде кІанцІи) • Донбасс • ГІШИП • Сирия (Кобани) • Ливия (шималияб рахъ) • ГІиракъ • Афгъанистан • СагІудиязул ГІарабия | Цогидал: • Уимблдонил турнир
- Синаялъул бащдаб чІинкІиллъиялда борталда 224 чигун бортана (суртида) россиялъул Metrojet авиакомпаниялъул авиалайнер Airbus A321.
- Solar Impulse самолёталъ (суртида) чІезабуна бакъул энергиялдалъул бищун халатаб манзилалъ роржен гьабиялъулъ рекорд.
- Грециялъул ватІанчагІи данде рахъана, ЕЦялъ, ХВФалъ ва ЕЦБалъ цере лъурал гІурхъи чІварал тадбиразда.
- Греция лъугьана цебе тІураб экономикаялъул тІоцебесеб пачалихълъун, жинца дефолт биччараб, ва унго-унго еврозонаялдаса къватІибе ине хІадурлъи лъазабураб.
- Суматраялда 135 цІикІкІун чи хвана Lockheed C-130 Hercules самолёт бортиялъул хІасилалда.
Лъалищ дуда?
- Дагъистаналда руго росаби Албания ва Люксембург абураб. Гьединго Дагъистаналда рукІана Камчатка, Притория ва Миср абурал росаби.
- Дагъистаналъул тахшагьар МахІачхъалаялда буго Шималияб Кавказалда бищун кІудияб университет.
- Пётр Багратион Дагъистаналъул Гъизляр шагьаралда гьавуна.
- Гендерил машинабазул тоннель, Шурагьиял (cоветиял) хІукуматазул ракьалдаго бищун халатаб кьурда гъоркьан бухъараб тоннель буго.
- Дагъистаналъул ракьалда буго Россия Федерациялъул пачалихъияб гІурхъи ва гьелъул халалъи буго 1081, 3 км.
- Дагъистаналъул аслиял халкъал ккола бусурбаби - суннит мазгьабалъул. Дагъистаналда бищун некІсияб Къуръан батана 19 гІасруялъул ва гьебги бугоан Персазул шагьас Дагъистаналъул хІакимасе сайгъат гьабураб жо.
- ТІоцебесеб гІадамал раччулеб поезд щвана Дербендалде 1898 соналъул 25 октябралъ.
- Докузпара мухъалда бугеб Къуруш росу ккола Россиялъул бищун борхатаб тІанкІлъун.
- Хасавюрталда бугеб Знаменский килиса ккола Шималияб Кавказалда бищун кІудияблъун.
- Машгьурав хирург, даруяб мазь ургъарав Александр Вишневский гьавуна Дагъистаналда, Новоалександровка росулъ (гьанже Гъоркь Чирюрт).
- Башликент абураб росдада цІар букІана цебе "Александркент" абун, Россиялъул пача кІодо гьавун лъураб.
Жакъа тІаса бищараб портал
Жакъа тІаса бищараб портал ...
Ахирияб тІаса бищараб портал: | Дагъистан | |
Цебесеб тІаса бищараб сияхІ: | Къуръан |
Щай хъвалареб цІияб макъала?
Авар Википедиялда жакъа къоялда жаниб буго 2454 макъала, гьединлъидал дуе хъвазе бокьараб махъала гьаниб жанибги батизе бегьула. Цин макъала хъвалалде цебе дуца гьеб хъирще гьаб формаялда. Гьеб батичIони, дуе хъвазе бокьун бугеб макъалаялъул цІар хъвай гьаб гъоркьехун бугеб мухъалда жаниб ва хІадуре макъала.
КантІизари! Хъвазе бугеб макъалаялъул цІаралда ругони (тІ, кІ, чІ, цІ) ва гьел гурелги, хадуб мухъ лъезе кколел хІарпал, нужеца хӀалтӀизабе кириллияб алипбаялъул мухъ. Гьеб лъезе бегьула гьанисан насхуги гьабун (І).
МацІалда битІунхъвай
Хъвай: Аллагь абун,
Аллагьасул цІаралъул адабги цІунун