Ираналъул гимн
From Wikipedia, the free encyclopedia
Исла́мияб Респу́блика Ира́налъул Миллияб гимн (парс سرود ملی جمهوری اسلامی ایران / Sorude Melliye Jomhuriye Eslâmiye Irân) — Исламияб Республика Ираналъул расмияб символаздаса цояб ккола. Гимналъул автор вуго Сайед Багъери, ва музыкаялъул — ХӀасан Риягьи. Расмияб къагӀидаялъ къабул гьабуна 1990 соналъ, ва 1980 соналъ, Исламияб революция лъугӀун хадуб цо соналдаса къабул гьабун букӀараб «Даимго чӀаго букӀа, Иран!»-абураб гимн хисана.
Исламияб Республика Ираналъул Миллияб гимн | |
---|---|
Sorude Melliye Jomhuriye Eslâmiye Irân | |
РагӀабазул автор | Сайед Багъери |
Композитор | ХӀасан Риягьи |
Пачалихъ | |
Къабул гьабуна | 1990 сон |
Ираналъул пачалихълъиялъул тарихалда жаниб гьеб ккола щуабилеб гимн. 1873 соналдаса 1925 сон щвезегӀан Ираналда (гьеб заманалъ Ираналда хӀукуматалда букӀана Къажаразул династия) билъанхъулеб букӀана «Шагьасул Сахлъи»-абураб гимн. 1910—1932 сон соназда Ирана цохӀо гимн букӀинчӀо. 1933 соналдаса байбихьун 1979 соналде щвезегӀан Шагьиншагьияб Ираналъул пачалихъалъул гимнлъун букӀана «Ираналъул Империяб гимн». Исламияб революции лъугӀун хадуб, 1979—1980 соназ де-факто гимн хӀисабалда хӀалтӀизабулеб букӀана «Я Иран!»-абураб ватӀанчилъияб кечӀ. 1980 соналъ къватӀиб биччана цебесеб Ираналъул гимн — «Даимго чӀаго букӀа, Иран!». 1990 соналъ гьанжесеб гимн къабул гьабуна.