Къуръан
From Wikipedia, the free encyclopedia
Къуръа́н (гӀар. اَلْقُرآن [qurˈʔaːn] — аль-К̣ъур’а̄н ) — ккола ТIадегIанав Аллагьасул калам, жиндилъ мугIжизат бугеб, ва жибги рещтIараб жиндир лагъ ва аварагзабазул бищунго ахирисев МухIаммад аварагасда ( жинда Аллагьасул цIоб рахIмат лъеяв).
Ва гьеб Къуръанги жиб Аллагьас цIунараб буго хисизабиялдаса, тIадцIикIизабиялдаса ва камизабиялдаса. Аллагьас абулеб буго хирияб Къуръаналда(Къуръан, 15:9):
ХIакълъунго, Дица рещтIана гьеб Къуръан. Ва Дун вуго гьеб цIунулев |
Къуръан буго аварагас жал рацIадал асхIабзабазда жиб малъараб, жибги данд бакIарараб Абубакр асхIабас, ГIумар асхIабасул ишараялдалъун. ГIусман асхIабас жибги хъвараб, ва жинда тIад тIубанго умматги рекъараб[1].
Хирияб Къуръан буго TIадегIанав Аллагьас жиндие вокьулев МухIаммад Аварагасда ﷺcode: ar is deprecated рештIинабураб тIехь, гьелдалъун жинца гIадамал жагьиллъиялъул бецIлъиялдаса иманалъул нуралде рачине, куфру-ширкалъул, зулму-хIалалъул, талихI къосиналъул нухдаса гьел хвасар гьаризе.
Къуръан букӀана аварагасдасан лъазабун ва къаламалъ хъван асхӀабзабаз. Аллагьас гьеб ЖабрагӀил малаикасдасан рештӀинабуна МухӀаммадихъе ﷺcode: ar is deprecated . Ва гьеб рештӀула букӀана 23 (жеги битӀун 22 соналъ, 610 соналдасан 632 соналде щвезегӀан.) соналъ, тӀоцебесеб вахӀьюги букӀана аварагасул 40 сон бугеб мехалъ, Лайлатул-Къадралъ (Рамазан моцӀ).
Къуръан хӀакъалъулъ руго гӀемерал гӀелмиял хӀалтӀаби, бусурбабаз гьарурал гурониги капураз гьаруралги. Бищунго кӀудияб ва гӀаммабги камилабгилъун рикӀкӀуна Жалал ад-Дин ас-СуйутӀияс (1455—1505) хъвараб, «Къуръаналъул гӀелмабазул камиллъи»-абураб тӀехь[2].
Къуръан, исламалъул догматикаялде рекъон, — буго:
- тӀолго инсанияталъе Аллагьасул нухмалъи, ахирисеб мукъадасаб тӀехь;
- Аллагьасул калам, цере рещтӀун рукӀарал тӀахьал хӀакъал рукӀанилан абулеб ва гьезда жанир рукӀарал къанунал къалеб ва цӀиял кьолеб, камилаб тӀехь.[3] (впрочем, в исламской истории имели место серьёзные богословские дискуссии по вопросам о сотворённости/несотворённости Корана[4]);
- МухӀаммад авараг ﷺcode: ar is deprecated тӀадеги ритӀухъ гьавулеб мугӀжизат, цогидал Аллагьасул каламазул камилаб ахир. Аллагьасул рисалатал ритӀулел рукӀана Адамидасан бахъараб МухӀаммадида ﷺcode: ar is deprecated щвезегӀан, гьезда гьоркьо Ибрагьим аварагасул Кагътал, Таврат, Забур (Псалтирь) ва Инжил (Евангелие).
Цо-цо исламиял пачалихъазда бусурбабазул гӀадат - суннатгун Къуръан буго Къануналъул аслу, динияб рахъалдасанги, гражданскияб ва уголовнияб рахъаздасанги.