КӀудияв ГӀумахан
Аваристаналъул кӀудияв нуцал, сиячатчи, рагъул цевехъан, жиндир заманалда авар пачалихълъи цебетӀей завалалде бахарав / From Wikipedia, the free encyclopedia
ГӀумахан V (Омар-хан[к 1]) КӀудияв[4] гьединго КӀудияв ГӀумахан[5][6][7] (1761 яги 1762, Хунзахъ, Авар нуцаллъи — 22 март 1801, Билкан, ЧӀарахъ бо) — кӀудияв аваразул нуцал 1774 соналдаса 1801 соналде щвезегӀан бетӀерлъуда вукӀарав.[8]
КӀудияв ГӀумахан | |||
КӀудияв ГӀумахан | |||
КIудияв ГIумахан. Т. Гъапуровасуо сурат | |||
| |||
---|---|---|---|
1774 — 1801 | |||
Цеве вукІарав: | МухӀаммад-нуцал IV | ||
Хадув вачІарав: | Гебек-хан I | ||
Дин: | Ислам | ||
Гьави: | 1761 Хунзахъ, Аваристан | ||
Хвей: | 22.03.1801 #перенаправление Шаблон:ХварабБакІ[1], цогидал иццазда рекъон
| ||
Вукъун вуго: | ЧІар росулъ[1] | ||
Тухум: | Нуцалзабазул тухум | ||
Эмен: | МухӀамад-нуцал IV | ||
Эбел: | Хайдакъуцумил ХанмухIамадил яс Баху | ||
Лъади: | 1-сей чӀужу: Хайтакъаса Хъистаман 2-лей чӀужу: КIилъилай — МухIамад-Мирзал яс 3-лей чӀужу: Дареджан Абашидзе — Имеретиялъу князь Евген Абашидзел яс. | ||
Лъимал: | 1-й чIужуялъе гьаюрай: Баху-меседо 3-й чIужуялъе гьаюрай: Йахсай-ПатIимат Сурхайхан, Гебекхан | ||
Миллат: | МагӀарулав |
Авар нуцаллъиялъул тахиде ГӀумахан вачӀана 12 яги 13 сон бараб гӀужалда, Хубаялъул хан ПатагӀалилгун къотӀи гьабулаго чияца рекӀкӀ гьабун жиндир эмен МухӀаммад-нуцала IV чӀван хадув.[9][10][11].
КӀудияв ГӀумаханил заманалда Аварское нуцаллъиялъул гӀурхъаби гӀатӀилъана аваразул эркенал боял цолъизариялдалъунги,[12].|group=к}}, сверун ругел территориял мутӀигӀ гьариялдалъунги.[13][14].
КӀудияв ГӀумахание магъало кьолаан гуржиязул пача II ГьерекӀлица, Дербенталъул ханлъиялъ, Хубаялъул ханлъиялъ, Бакуялъул ханлъиялъ, Ширваналъул ханлъияялъ, Шекиялъул ханлъиялъ, Ахалсихъ пашаясги.[15][16] Гьезда гуребги, магъало тӀад лъун букӀана Гъарабагъалъул ханлъиялдаги,[17] Тушетиялдаги,[18][19] чачаназдаги.[20][21]. Гьесие мутӀигӀаб букӀана ЧӀарахъ республикаги.[22]