Мусаясул Халилбег
From Wikipedia, the free encyclopedia
Мусаясул Халилбег (1897, ЧӀохъ, Гъуниб сверухълъи, Дагъистаналъул вилаят, Россиялъул империя — 1949, Нью-Йорк, АЦШ) — тӀоцевесев авар суратчи, гӀеме-гӀемерал шаклабазул, суратазул ва "Ахирисел ритарзабазул улка" абураб автобиографияб къисаялъул автор.[1]
Мусаясулас лӀугӀизабуна Бавариялъул гьунарлъиялъулаб академия. МустахӀикълъана БакътӀерхьул улкабазул гӀемерал пачалихъиял шапакъатазе; вукӀана шаклубахъиялъул академикчилъун, гӀеме-гӀемерал гьунарлъиялъулал академиязул хӀурматияв гъорлӀчи.[2]