Туркия
From Wikipedia, the free encyclopedia
Ту́ркия яги Турк (тур. Türkiye), официалияб куцалда Туркиялъул Жумгьурият (тур. Türkiye Cumhuriyeti) — аслияб куцалда БакътІерхьул Азиялда, ва цо-цо бутІа (гІага-шагарго 3 % ракьалъул, 20 % халкъалъул) — Бакъдасебгун-Бакъбаккул Европаялда бугеб пачалихъ. ГІуцІана 1923 соналъ ТІоцебесеб дунялалъул рагъда ГІусманиязул империя къун хадуб ва гьеб бикьиялъул хІасилалда, ва турк миллаталъул гІадамаз гІумру гьабун ругел ракьал хасаб турказул миллияб пачалихъалде сверизабун хадуб. 2015 соналда жаниб халкъалъул къадар бахунеб буго 77 695 904 чиясде, ракь — 783 562 км². Дунялалда гьелъ ккола 18-еб бакІ халкъалъул къадаралъул рахъалъ ва лъебералда налъабилеб бакІ ракьалъул рахъалъ. Пачалихъалъулаб майІ — турк.
Туркия Türkiye Cumhuriyeti | |||||
| |||||
ШигӀар: «Yurtta Barış, Dünyada Barış (Авар: «ВатІаналда рекъел, тІолабго дунялалда рекъел»code: av is deprecated )» | |||||
Гимн: İstiklâl Marşı | |||||
ГӀуцӀцӀана | 29 октябр 1923 соналъ | ||||
Расмияб мацӀ | Турк мацI | ||||
Миллатал | {{{Миллатал}}} | ||||
Тахшагьар | Анкара | ||||
ЧӀахӀиял шагьарал | Стамбул, Анкара, Измир, Бурса, Адана, Анталия | ||||
ХӀукмуялъул низам | президентлъиялъул республика | ||||
Президент | Ражаб ТІайип Эрдогъан | ||||
Пачалихъ. дин | Ислам | ||||
Ракь • Кинниги • % лъел бутІа | 36-билеб дунялалда 783,562[1] км² 1,3 | ||||
Халкъалъул къадар • Къимат (2018) • Гъунки | ↗ 82 003 882чи (19-билеб) 105 чи/км² | ||||
ИПГӀИ (2011) | ↗ 0,699 [2] (цІикІкІараб) (92-билеб) | ||||
Этнохороним | туркав, туркай, туркал | ||||
ГӀарац | Турциялъул лира (TRY, код 949) | ||||
Интернет-домен | .tr | ||||
Телефоналъул код | +90 | ||||
СагӀтил рачел | +2, риидал UTC+3 | ||||
Хисизабизе |
Турция ккола динамикияб куцалда цебетІолеб экономикаялъул къайи-матахІ гьабулеб индустриалияб пачалихъ. Бича-хисиялъул бажари буголъиялъул баршалъиялде (БББ) данде ккун халкъалъул цо чиясе ГІЖП-лъул къадар бахуна 19 6100 долларалде лъагІалида жаниб (2014). 2014 соналда БББ-ялъул рахъалъ Турциялъул ГІЖП бахана 1508 млрд долларалде.
Улкаялъул ракьазул цІикІкІунисеб бутІа ккола Анатолиялъул бащадаб чІинкІиллъиялде ва Эрменистаналъул мугІрузул тІалъиялде[прим 1], дагьаб — Балканалъул бащадаб чІинкІиллъиялде ЧІегІер ва Ракьдагьоркьосеб ралъадазда гьоркьоб. Турциялъ гІурхъи цо гьарула бакъбаккудасан Гуржиялъулгун, Эрменистаналъулгун, Азарбижаналъулугн[прим 2] ва Ираналъулгун; къиблаялдехун — ГІиракъалъулугн ва Сириялъулугун; бакътІерхьудахун — Герекалъулгун ва Булгъаралъулгун. Улкаялъул рагІалда буго ункъго ралъад: ЧІегІер, Ракьдагьоркьосеб, Эгей ва Мармар ралъадал.
2000 соналъ Турциялъул Жумгьурияталъе щвана Евроцолъиялъул гІахьалчи-пачалихълъун лъугьине кандидат-пачалихъалъул официалияб статус. Турция ккола НАТО-ялъул гІахьалчи-пачалихъ 1952 соналдаса бахъун.