![cover image](https://wikiwandv2-19431.kxcdn.com/_next/image?url=https://upload.wikimedia.org/wikipedia/commons/thumb/a/a4/Northeast_Caucasian_languages.png/640px-Northeast_Caucasian_languages.png&w=640&q=50)
Хьондакавказиял мацӀал
Кавказалъул мацӀазулаб хъизан, авар мацӀги гъорлӀе бачунеб / From Wikipedia, the free encyclopedia
Хьондакавказиял мацӀал, гьединго Бакъаккул кавказиял, Вайнахгин дагъистаниял, цо-цо Каспиял мацӀал (Хьонда-тӀерхуьла кавказиял мацӀазде абулебПонтиял мацӀал терминалде данде лъун) — мацӀазул хъизан, жиб тӀибитӀун бугеб Кавказалъул бакъаккул рахъалда ругел республикабазда: Дагъистаналда, Чечнялда, Ингушетиялда, гьединго Хьондасеб Азарбижаналдаги, Гуржиялдаги; гьединго эл мацӀазда кӀалъала Бакъаккул Европалда ва БакътӀерхьула Азиялда ругел кавказиязул диспораби. КӀалъалезул рикӀкӀен, батӀи-батӀиял баяназда рекъон, буго 2,6-даса 4,3-де щун миллион чи. Эл мацӀазул цо-цоял руго жидела чанго нусго гурони чи кӀалъаларелги.
Хьондакавказиял мацӀал | |
---|---|
Бакъаккул кавказиял Нах–дагъистанияб Хьонда-баккул кавказиял Каспиял | |
Географияб тӀибитӀи | Кавказ |
Лингвистикияб классификация | ТӀоцереял мацӀазул хъизамазул цояб |
Инс-мацӀ | Инс-хьондакавказияб |
Гъоркьрикьи |
|
Glottolog | nakh1245 |
![]() |
Хьондакавказиял мацӀал рикьала цо инс-мацӀалдаса НЩ III азарсонил ахиралдехун. Руго чанго гьипотезаби, жидеца хьондакавказиял мацӀал кӀудахъизаналде рачунеб, энибго Кавказалъул мацӀазда цадахъги, хӀо эзул цониги гьечӀо киназго риккӀараблъун. Хъизамуда жаниб генеалогияб классификациялда ва мацӀаздеги диалектаздеги бикьиялдаги сверун буго гӀелмияб диспут. Традиционго хъизан бикьула анкьго яги анлӀго (авар–гӀандиялги цӀунтӀиялги мацӀал цойида риккӀани) гӀаркьалиде. Хьондакавказиял мацӀазда буго рагьукъал гьаркьазул бечедаб система, гӀатӀидго тӀибитӀун буго фарингализация, лабиализация. Грамматикалда батӀахъул рижа буго вербалаб аргументазул эргатив–абсолутив кодификати, хӀалатазул кӀиго система (гӀадаталги бакӀалъулги), цӀарсилаб классалъул категория.