Зирараб билабиалаб плозив
From Wikipedia, the free encyclopedia
Remove ads
Зирараб билабиалаб плозив яги стоп (кӀикӀветӀаб) буго рагьукъаб гьаркьил тип, гӀемерисел мацӀазда хӀалтӀизабулеб. Интернационалаб фонетикияб алфабеталда гьеб гьаракь бихьизабизе хӀалтӀизабула ⟨b⟩, эквивалентаб X-SAMPA симбол буго b
. Зирараб билабиалаб плозив буго авар мацӀалда гӀемерго хӀалтӀизабулеб гьаракь, кириллияб хъвай-хъвагӀуда эб бихьизабула ⟨б⟩ хӀарпалъ.
Remove ads
Ружби
Зирараб билабиалаб плозивалъул ружби:
- Элъул абул куц буго окклусивияб, эб бахъула хӀухьел чвахиялъе гьаркьил нухда обструкция (квалквал) лӀугьун. Рагьукъаб кӀалзулаб букӀиналъ, магӀарзухъан ин гьечӀеб, хӀухьел чвахи тӀобан къала, ва рагьукъаб гьаракь букӀуна плозивлъун (кьвагьун абулеб).
- Элъул абул бакӀ буго билабиалаб, бахъула кӀиябго кӀветӀ хӀалтӀизабун.
- Элъул фонация буго зирараб, эб бахъулаго гьаркьил рухьадал сородула.
- Эб буго кӀалзул рагьукъаб: эб бахъулаго хӀухьел къватӀибе бачӀуна цохӀо кӀалдисан.
- Гьаракь бахъуларелъул мацӀалтӀасан унеб хӀухьлачвахудалъун, централ–латерал дихотомия хӀалтӀизабуларо.
- ХӀухьел чвахул механизм буго пулмонияб: эб бахъула цохӀо интеркосталалги (хьалагӀучӀазда гьоркьосел) абдоминалалги (чохьол) ччорбаздалъун хӀухьел къватӀибе цун, цӀиккӀанисел гьаркьалго гӀадин.
Remove ads
Вариацияби
ХӀалтӀизаби
Ралагье гьединго
- Бетацизм
- Фонетикиял топиказул лист
Баянал
Референсал
КъватӀисел линкал
Wikiwand - on
Seamless Wikipedia browsing. On steroids.
Remove ads