Латин мацӀ
From Wikipedia, the free encyclopedia
Лати́н мацІ (рахьдал мацІалда — lingua Latina) ккола некІсиял румазул мацІлъун, жибги хІалтІизабулеб букІараб Румалъул империялда. Гъорлъе уна индоевропаялъул мацІазул хъизаналъул италиялъулал мацІазул латингун-фалис гІаркьелалде[2]. Жакъа къоялде латин ккола цохІо бугеб хІалтІизабулеб (гаргадулеб гуреб) некІсиял италиялъула мацІаздасан цояб. Латин мацІалдасан лъугьарал ккола роман мацІал, хутІарал италиялъулал мацІал тІагІана.
Латин мацІ | |
---|---|
lingua latīnacode: la is deprecated | |
Абулеб куц | [laˈt̪iːna] |
Территория |
|
Этниклъи | Латинал |
Эра | Вулгарияб латин цебетІуна Романиял мацІазде, VI–IX гІасрабазда; формалияб мацІ букІана гІелмуялъул болмацІлъун гьоркьохъел гІасрабазул Европаялда ва Киликиялда, гьединго католикияб килисаялул мукъадасаб мацІлъун. |
Индо-европиял
| |
Латин алипба | |
Официалаб статус | |
Регулация гьаби |
|
МацӀалъул кодал | |
ISO 639-1 | la |
ISO 639-2 | lat |
ISO 639-3 | lat |
Glottolog | impe1234 lati1261 |
Linguasphere | 51-AAB-aa to 51-AAB-ac |
Траян императорасул заманалда букІараб Румалъул империялъул бищун гІатІидал гІурхъабазул (c. 117 н. щ.) ва латиналда кІалъалез нухмалъи гьабулеб ракь-мухъалъул (бецІ-багІараб) харитІа. Латин гуреби цогидал мацІалги рукІана империялда. | |
Латин мацІалъул ирсилаллъун кколел гьанжесел романиял мацІазул диапазон Европаялда. | |
Гьанир руго ИФАлъул фонетикиял симболал. Кколеб кверчӀвай гьечӀони, нужеда бихьизе бегьула гьикъул гӀужур, ункъбокӀон, яги цогидал симболал Юникодалъул гӀужразул бакӀалда. ИФА симболазе байбихьул нухмалъи балагье гьаниб: Квеки:ИФА. |
Гьединго латин мацІ хъвай-хъваги бугел индоевропиял мацІазул бищун цебесезул цояблъун.
Жакъа къоялъ латин мацІ ккола Понтификасул тахалъул, Мальтаялъул орденалъул ва Ватиканалъул, гьединго Румгун-католикияб килисаялъул расмияб мацІлъун.
Латин мацІ лексикияб ва рамматикияб рахъалъ ккола бечедаб мацІалъун. Латиналъул рагІабазул гІемераб къадар буго Европалъул ва цогидал мацІазда гъорлъ (авар мацІалде гІунтІунги).