Авар нуцаллъи
Бакъбаккул Кавказалда букӀараб аваразул миллияб пачалихъ / From Wikipedia, the free encyclopedia
Ава́р нуца́ллъи[3] яги Авар ханлъи — XI–XIX гӀасрабазда Кавказалда букӀараб феодалияб пачалихъ. Жиндир заманалда Авар нуцаллъи букӀана Дагъистаналъул гурелги, цогидал ракьаздеги кверщел щвезабураб къуватаб пачалихълъун.
Тарихияб пачалихъ | |||||
Авар нуцаллъи | |||||
---|---|---|---|---|---|
|
|||||
![]() Нуцаллъи XIX гӀасруялъул байбихьуда |
|||||
VI гӀасру–1864 сон
|
|||||
Тахшагьар | Хунзахъ | ||||
Щулалъаби | Хунзахъ, ТӀануси, Гъуниб, Аргъвани, МелъелтӀа | ||||
МацӀ(ал) | БолмацӀ | ||||
Дин | Ислам | ||||
ХӀакимлъиялъул форма | Монархия | ||||
Наслу | Нуцаби | ||||
Ирс | |||||
← Сарир | |||||
Россиялъул империя → | |||||
![]() |
Авар нуцаллъи гӀуцӀана Сарир пачалихъ биххун хадуб (XI гӀасру), гьелъул ирсилаб пачалихъ хӀисабалда. Жиндир байбихьуда Авар нуцаллъиялъул динлъун букӀана насранияб (гьединго росабалъ букӀана тӀибитӀун аваразул некӀсияб динги). Хадуб кьучӀаб динлъун лъугьана Ислам.
Авар нуцаллъи чияда бачӀеб пачалихълъун букӀана магъулазул заманалдаги, Тимурил заманалдаги. Авар нуцаллъи мукӀур гьабизе кӀвечӀо Надир-шагьидаги.
XVIII гӀасруялда Авар нуцаллъи лъугьана бакъбаккул Кавказалда бищщун къуватаб пачалихлъун; гьелъул кверщаликь рукӀана Дагъистан гуребги гуржиязул хан ГьиракӀли II, Дербенталъул, Кубаялъул, Шекиялъул, Бакиялъул, Ширваналъул, Саланалъул, Эриваналъул ханзаби, Ахалцихлъул паша, чачаназул къавмал, ва тӀолго ЦӀор[4].
Кавказалъул рагъул заманалда Авар нуцаллъи ана Шималияб Кавказалъул имаматалде гъорлъе; ХӀамзатица Баху-бикал лъималги чӀван, тӀагӀинабуна некӀсияб нуцалзабазул тухум.
1863 соналъ Авар нуцаллъи ана Россиялъул империялде гъорлъе, гьелъул бакӀалда гӀуцӀана Дагъистаналъул областалъул Авар округ.