Силикатаб минерал From Wikipedia, the free encyclopedia
Серандит[4] — минерал, жидри формула Na(Mn2+,Ca)2Si3O8(OH) бугеб. Минерал рагьана 1931 соналъ Гвинеялда ва цӀарщвараб буго минералазул коллекционер Дж. М. Серандил хӀурматалда. Серандит гӀемерисеб букӀуна багӀараб, сурмияб, чӀегӀераб яги кьерукъаб.
Серандит | |
---|---|
ГӀаммаб | |
Категория | Иносиликатал |
Формула (такрараб цвел) | Na(Mn2+,Ca)2Si3O8(OH) |
IMA симбол | Srd[1] |
Струнцил классификация | 9.DG.05 |
Данал классификация | 65.2.1.5 |
Кристаллияб система | Триклинияб |
Кристаллияб класс | Пинакоидалияб (1) (гьебго H-M симбол) |
Space group | P1 |
Цвелаб къотӀеллъи | a = 7.683(1) Å, b = 6.889(1) Å c = 6.747(1) Å, α = 90.53(5)° β = 94.12(2)°, γ = 102.75(2)° Z = 2 |
Идентификация | |
Кьер | розиялдаса оранжиялде щвезегӀан |
КӀижо | [010]-да сверун композиционияб план {100}, гьелдаса дагь контакт кӀижогун {110}-ялъ. |
Регъел | Камилаб {001}-ялдаса {100}-де щун |
Фрактура | Иррегулярияб, чанчахараб |
Щулалъи | ЧӀимгӀалаб |
Могьсил шкалаялда къвакӀи | 5-ялдаса 5.5-де щвезегӀан |
КунчӀи | ЦӀерхӀалалдаса наххӀалалде щун; кунахарал аггрегатал рукӀуна кьерсвараздаса бецӀазде щвезегӀан[2] |
ХӀучч | White |
Каркари | Каркарараб, бащдакаркарараб |
Гъунки | 3.34 g/cm3 (борцараб) |
Оптикиял хасиятал | Биаксиалияб (+) |
Рефракциялъул индекс | nα = 1.668 nβ = 1.671 nγ = 1.703 |
Бирефракция | δ = 0.035 |
2V бокӀон | 39° |
Дисперсия | r < v рекъараб |
РегӀелал | [3] |
Серандит букӀуна каркараралдаса бащдакаркаралде щвараб ва гӀемерисеб розияб, канчӀ-розияб, роз-багӀараб, оранжияб, сурмияб, чӀегӀераб яги кьерукъаб, тӀеренаб ссуялда гьеб букӀуна кьерукъаб.[2] Октагьедралго хурхинабураб Mn(II) ккола минералалъул розияб кьералъул аслияб иццлъун.[5]
Минералалъул кристаллал рукӀине бегьула призматикияздаса зазахаразде щун ва [010]-ккун халалъизабураб, кваркьахарал, блокахарал яги таблохарал {100}-лъ чӀинтӀарал, дандчӀвала чӀорагъунеб аггрегат гӀадал, яги массивияб гьабит бугел .[2] Серандит ккола волластониталъул группаялде ва пектолиталъул магнезиялъулаб аналоглъун.[3] Гьеб цо-цо хӀалтӀизабула къиматаб гӀамачӀ хӀисабалдаги.[6]
Серандит рагьана Гвинаялда бугеб Лос чӀинкӀиллъабазул бутӀалъун кколеб Роума чӀинкӀиллъиялда.[3] Минералалъул сипат-сурат гьабуна А. Лакруаца Comptes rendus hebdomadaires des séances de l'Académie des Sciences журналалда.[7] Гьес кьуна серандит (пар. sérandite) абун цӀарги жинца минералал ракӀаризе кусек гьабулев вукӀарав минералазул коллектор Дж.М. Серандил хӀурматалда.[3]
Серандит батун буго Австралиялда, Бразилиялда, Гвинеялда, Жанубияб Африкаялда, Италиялда, Канадаялда,Намибиялда, Норвегиялда, Россиялда, Цолъарал Штатазда ва Япониялда. [3] Тайпадулаб минерал цӀунун буго D.C. Вашингтоналъул ТӀабигӀияб тарихалъул националияб музеялда [2]
Квебекалда бугеб Мон Сен-Илералда серандит дандчӀвала содалитиял ксенолитазулӀ ва пегматитазулӀ, жал интрузивиял алкалиял габбро-сиенит комплексазда жанир сиенитал къотӀун. ругел. Пойнт-оф-Роксалда, Нью-Мексико штат, гьеб дандчӀвала фонолиталда ругел вугазда. Россиялда бугеб Туманное бижунбакӀалда серандит дандчӀвала магнезиялдалъун бечедаб бижунбакӀалда, жиб вулканиял гьецӀабазда ва контактияб метаморфизмалъул хисизарурарал терригениял (ралъдалал-гурел) седиментазда хурхараб.[2]
Серандит батула айгирингун, аналцимгун, арфведсонитгун, астрофиллитгун, эвдиалитгун, флуоритгун, лейкофанитгун, манган-нептунитгун, микроклингун, нефелингун, содалиталгун ва валлиавмитгун ассоциатазда.[2]
Seamless Wikipedia browsing. On steroids.
Every time you click a link to Wikipedia, Wiktionary or Wikiquote in your browser's search results, it will show the modern Wikiwand interface.
Wikiwand extension is a five stars, simple, with minimum permission required to keep your browsing private, safe and transparent.